Магiарулазул маргьу

20
МагIарулазул маргьу

Upload: samil-tzva

Post on 13-Apr-2017

228 views

Category:

Art & Photos


0 download

TRANSCRIPT

Page 1: МагIарулазул маргьу

МагIарулазул маргьу

Page 2: МагIарулазул маргьу

Цо оц букIанила анцIила лъабго километралъул халалъиялъул. 

Page 3: МагIарулазул маргьу

 Боржунги бачIун 

Page 4: МагIарулазул маргьу

 кIудияб цIумалъ

Page 5: МагIарулазул маргьу

босун анила гьеб оц 

Page 6: МагIарулазул маргьу

ва лъунила мугIрул тIогьиб бугеб дагIнил лълъурдузда тIад

Page 7: МагIарулазул маргьу

ва байбихьанила цIумалъ оц кваназе. 

Page 8: МагIарулазул маргьу

 ДагIнида лъазецин лъачIила жиндир лълъурдузда тIад оцгун цIум рещтIараблъи.

Page 9: МагIарулазул маргьу

 Доб оцалъул гIицIго рукьби гурони хутIичIеб мехалда 

Page 10: МагIарулазул маргьу

байбихьанила хехаб цIад базе,

Page 11: МагIарулазул маргьу

пунила кутакал гьурал.

Page 12: МагIарулазул маргьу

ЦIадаца биччараб дагIница 

Page 13: МагIарулазул маргьу

бетIер кIобокIизабунила тIаса лъим ине.

Page 14: МагIарулазул маргьу

Лъурдузда тIад рукIарал оцол рукьбуздаса цо

бугьналага гьороца хъамунги ун

гIияда вугев вехьасул бадибе анила. 

Page 15: МагIарулазул маргьу

Вехьасда тIоцебе лъачIила бадибе жо ккун букIин, амма бер унтизе лъугьарабго гьес бицанила росдада жиндир бадибе цо жо ккараб гIадин бугин, гьеб бахъизе кумек хIажат бугин.

Page 16: МагIарулазул маргьу

Ва анила гIадамал вехьасухъе лъабкъого гамушги бачун

вехьасул бадибе ккараб оцол бугьналага бахъизе.

Бахъанила гамушазул кумекалдалъун росдаца гьеб къватIибе.

Page 17: МагIарулазул маргьу

Гьеб къватIибе бахъарабго гъоркь рукIарал ригьзалги риххун гьелда тIад

банила цIияб росуги, щулалъиялъе букIине. 

Амма мех-мехалда сардилъ росу багъарахъдизе лъугьанила.

Page 18: МагIарулазул маргьу

РитIанила гIолохъаби тункIалгун росу цIунизе. Батанила цо кIудияб цер росда гъоркьа баккараб оцол бугьналага хъарсизе бокьун квалквадулеб ва чIванила гьеб цер.

Page 19: МагIарулазул маргьу

Царадаса бахъараб цIоко бикьанила кIийиде. Бащдаб цIакидаса тIубараб росдае тIингъал гьарунила, бащдаб цIоко цо къоролалъе тIингъил къвалалъецин гIечIила.

Page 20: МагIарулазул маргьу

Гьанже нужеца бице, гьаб маргьуялъулъ бищунго

кIудиял щал ккарал?Оцищ ?ЦIумищ ?ДегIенищ ? Вехьищ ? Церищ ? Къоролайищ ?